top of page

                                                           Анкьил къоязул хIакъалъулъ баян

ГьатIан къоялъ – мина базе байбихьизе, гъутIби чIезе, хур бекьизе лъик1аб буго.

                              Малъал къот1ани - баркат дагьлъила.

 

Итни къоялъ – сапаралде вахъине лъик1аб буго. Мух1амад Авараг (с.т.г1.в.) Маккаялдаса Мадинаялде итни къоялъ вахъана.

                             Малъал къот1ани – г1акълу ц1ик1к1ина.

 

Талат къоялъ – би бахъизе лъик1аб буго. Адам аварагасул (г1.с.) вас Гьабил  гьеб къоялъ ч1вана.

                            Малъал къот1ани – ургъел ц1ик1к1ина.

 

Арбаг1  къоялъ  - дару  гьекъезе лъик1аб  буго. Лъик1ал х1алт1абазде байбихьизе  лъик1аб  буго, амма  капуразе  г1оло  гуреб.  Т1адег1анав Аллагьас Пирг1авнги, Къарунги, Намрузги ва  цогидалги  гьеб къоялъ  гьаруна.

                         Малъал  къот1ани – т1абиг1ат  квешлъила.

 

Хамиз  къоялъ – х1ажатаб  жо  т1алаб  гьабизе  лъик1аб  буго. Юсуп авараг (г1. с.) эбелгун  гьеб  къоялъ  данделъана. Г1алайгьи ссалам нилъер  аварагасги жиндирго аскаргун  цадахъ  вач1ун, гьеб къоялъ  Макка бахъана.

                                     Малъал  къот1ани - унти  ина.

 

Рузман  къоялъ  - руччабазул  магьари  лъезе лъик1аб  буго. Адам аварагас (г1. с. ) Х1аваги, Юсуп  аварагас (г1. с.) Зулайхаги, Мух1амад  аварагас

( с.т.г1.в.) Хадижатги, Г1аишатги, Г1али асх1абас Пат1иматги гьеб  къоялъ  рачана.

                 Малъал къот1ани – боц1и ц1ик1к1ина, иманги ц1ик1к1ина.

 

Шамат  къо – макру-х1иллаялъул  къо  буго. Г1емерал аварагзабазе макру-х1илла гьеб къоялъ  гьабун буго. Амма  чанаве  вахъине лъик1аб   къо буго.    

                        Малъал къот1ани- килщазда ругъун лъела. 

bottom of page